ГIиракъалда хун вуго щуго чи

ГIиракъалда итни къоялда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIассилалда хун вуго бищун дагь босун щуго чи. Багъададалъул жанубияб рахъалда лъабго полициялъулав хун вуго , хвалде унес контролалъул пункталда бомба кьвагьизабиялъул хIасилалда.

Хусайния шагьаралда автомобилалъул нухда бомба кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго Аль Каидаялъул къуватазде данде къеркьолел суннитазул къокъаялдаса кIиго чи. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда рекъон, гьаб соналъул байбихьудаса анкьазаргогIанав чи лъугьун вуго улкаялда зулмуялъул къурбанлъун.