Евроцолъиялъ гьаб соналъул ахиралде нахъе рахъизе бегьула цо-цо санкцияби Ираналдаса. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица. Гьединаб хIукму гьабизе бегьула декабралда, ян лъазабуна Фабиусица. ГьатанIа къоялда Ираналъул ядерияб программаялда сверун тIоритIарал кIалъа-басаязда щун буго цо-цо рахъазул икъбалал.