Украиналда халат рахъунел руго протесталъул акцияби

Украиналъул оппозициялъ Евроцолъиялъулгун Украиналъул ассоциация гьабиялъул документалда гъоркь гъулбас лъезе инкар гьабулеб бук1иналда бан х1укуматалде божи гьеч1олъи лъазабиялъул х1укмуялъул проект кьун буго Т1адег1анаб Радаялде.

Украиналъул оппозициялъул рахъ ккураз улкаялъул хIукуматалъул минаялда цебе пикет халат бахъинабуна итни къоялдаги. Пикеталъул гIахьалчагIаздаги милициялдаги гьоркьоб ккана тунка-гIуси. Протесталъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго премьер-министр Николай Азаров хъулухъалдаса нахъе ин.

Министразул кабинеталъул минаялдаса оппозициялъулал нахъе къотIулаго полициялъ хIалтIизабуна магIу бачIинабулеб газ. Итни къоялдаго баянлъана гьатIан къоялъ милициялъулгун ккарал тунка-гIусиязда хурхун нухмалъиялъ такъсирияб иш рагьун букIиналъул хIакъалъулъ. Демонстрантазги жидерго гIарзаби хъван руго диваналде милициялъул хIалтIухъабазул хьвада-чIвадиялда хурхун.

ГьатIан къоялда «Европаялъул Украинаялъулхъ!» абураб оппозициялъул митингалда гIахьаллъана 50 – I00 азаргоялде гIунтIун чи.

Акцияби тIоритIана улкаялъул цогидал шагьараздаги.