Ираналъ разиго къабул гьабулеб буго Женеваялъул къотIи

Ираналъул нухмалъиялъ разиго къабул гьабулеб буго жидер атомияб программаялда сверун Женеваялда гьабураб къотIи. Гьелда рекъон Тегеран рикIкIунеб буго атомияб программа цебетIезабизе ихтияр бугеблъун.
Жиндир иргаялда Израиль разияб гьечIо гьеб хIукмуялда. Гьез рикIкIунеб буго гьедин Ираналъе кинаб букIаниги квал-квалги гьечIого атомияб ярагъ гьабизе рес щолеб бугин.
Женеваялда Ираналда ва дунялалъул анлъго улкаялда гьоркьор чанго къоялъ рукIарал кIалъа-ралъяздаса хадуб Тегеран разилъун буго щуго проценталдаса цIикIкIун уран бацIцIад гьабиялъул хIалтIаби чIезе тезе ва бащдаб лъагIалида жаниб цебе 20 % бацIцIад гьабураб ураналъе «нейтрализация» гьабизе. Гьелъухъ тамах гьарулел руго Тегераналда данде рукIарал санкциял. Гьедин лъазабулеб буго Америкаялъул хIукуматалъул пресс-релизалда.