Путиница ЕвроЦолъиялда гIайиб гьабулеб буго

Владимир Путин ва Виктор Янукович

Россиялъул президент Владимир Путиница ЕвроЦолъиялда гьабулеб буго Украиналъе «шантаж» ва «тIадецуй» гьабилъул гIайиб, гьебги Киевалъ ЕвроЦолъигун ассоциациялъул къотIи-къай хъвазе инкар гьабураб мехалда.
Украиналъул премьер-министр Николай Азаровас рузман къоялда парламенталда абуна ЕвроЦолъигун къотIи-къай хъвангутIизе хIукму гьабиялъе гIицIго экономикиял гIиллаби рукIанин ва гьелдаса инкар гьаби гуреб тIокIаб рес жидер букIинчIин.
Оппозициялъ гьеб галиялъе кьуна улкаялъе хилиплъи абураб къимат ва президент Виктор Януковичасда гьез гьабулеб буго Россиялъе улка бичиялъул гIайиб.
Туснахъалъуй йигей экс-премьер Юлия Тимошенкоца халкъ ахIулеб буго къватIахъе бахъун гьеб хIукмуялда жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе. Рузман къоялда Киевалъул централде вакIарун вукIана 1000 гIанасев чи, гьелдаса гьитIинал демонстрациял тIоритIун рукIана улкаялъул цоги шагьараздаги.