Ираналъул атомияб суалалда сверун данделъиялъул иргадулаб раунд

Израилалъул премьер-министр Биньямин Нитаньяхуца рикIкIунеб буго Ираналъул атомияб программаялъул суал дипломатиял къагIидабаз рагIалде бахъинабизе кколин ва гьелги рукIине кколин хIакъикъиял галабиян. Гьес гьедин абуна арбагI къоялда Москваялда. Россиялъул президент Владимир Путинил рагIабазда рекъон, гьесул кIудияб хьул буго Женеваялда унел ругел Ирангун дунялалъул анлъго улкаялъул кIалъа-ралъаязул иргадулаб раундалда. Гьел ккола – Британия, Америка, Франции, России, Китая ва Алмания.
Гьеб данделъиялда сверун мухIканлъаби жеги гьечIо.
Магърибалъул щакълъи буго Ираналъ атомияб ярагъ хIадурулеб букIиналда, амма Тегераналъ тIадчIей гьабулеб буго жидер атомияб программаялъул ракълилаб хасият букIиналда. АрбагI къоялда Ираналъул ТIадегIанав лидер аятолла ГIали Хаменеица абуна гьесул улка «нахъе къазе» гьечIин атомияб энергетика цебетIезабизе гьезул бугеб ихтияралдасайин.