Гьенир рукIана диниялгун жамгIиял хIаракатчагIи. Ленинкенталда буго лъабго мажгит – цо аслияб, гьединго салафиязул ва суфиязул мажгитал. 15 ноябралдаги гьелда цебеги тунка-гIуси ккана салафиязул мажгиталда. Гьенире как базе унгеян гьукъа-къаял гьаризе лъугьана яргъид рорчарал гIадамал. Гьезда цадахъго рукIанин гIурччинаб чалуялъ гъуждул рухьарал чагIиян бицана Ленинкенталъулаз
Гьез магIарул мацIалда «Кьабе лъарагIазда» янги ахIулеб букIанин гьоркьо-гьоркьоб
Амма бусурбабазул официалияб идараялъул гIадамалгун ва пресс-конференци
ГIабас Къебедов: «Гьаб жо буго провокация. Киналалиго къуватал руго жакъа халкъалда гьоркьоб питна бекьулел. Гьеб жо гьукъизе къваригIун буго, хадубккунги гьеб такрарлъиларедух
Ленинкенталъул мажгиталда аскIоб ахIи-хIур багъаризабулел рукIарал яргъид рорчарал гIадамазда цадахъ рукIанин тIарикъаталъулаз
МухIамадрасул ГIумаров: «Батизеги батила гьениб цо битIараб жо – диниял суалал гьеб идараялъ тIуразе кколин абураб. Амма нилъеда лъазе ккола цо жо – муфтиясги цогидал чагIазги мажгит къаларо. Муфтиги гIалимзабиги руго дин тIибитIизабизе, мажгитал гIемерлъиялъе квербакъулел чагIи. Мажгит къаялдалъун Аллагьасда цебе жаваб кьезе лъиданиги кIвезе гьечIо.
Жакъа гьаб пресс-конференци
Бицен гьабулеб ахIи-хIуралдехун бусурбабазул идараялъул хурхен гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулин 18 октябралда вачIинеги вачIун муфтияс гьеб мажгиталда рузман баян гьабураб лъазабиялъгиян тIаде жубана МухIамадрасул ГIумаровас.
МухIамадрасул ГIумаров: «Гьелдаса нахъе моцI иналде цоги къокъаялъ рачIинеги рачIун гьагъаб жо такрар гьабуна. Мажгитги рагьун гьениб жаниб рузман баян муфтияс лъазабуниги».
Пресс-конференци
Башир Баширов: «Интернеталда тIибитIизабулеб буго 22 ноябралда Ленинкенталдеги ракIарун, салафиязул мажгит къазе кколин абурал лъазабиял. Гьанир гIодор чIарал нужеца, диниялгун жамгIиял хIаракатчагIаз ва журналистаз, щай хIисаб гьабулареб лъие хIажатаб лъазаби ва щив гьелда нахъа вугевали».
Данделъиялда вукIана жамгIияв хIаракатчи МухIамад Шамиловги. Ахираб заманалда динги миллатчилъиги багьанадуй ккун Дагъистаналда питна бекьулеб убкIиналда дандечIун МахIачхъалаялда кIудияб митинг тIобитIизе лъикIаблъун бихьулеб бугоан гьесда.