"Хайан" гIагарлъулеб буго Вьетнамалде

Филиппиназда «Хайан» тайфуналъул къурбаназул къадар гIицIго цо регионалда – Лайте провинциялда - гIунтIизе бегьула гIага-шагарго анцIазарго чиясде.

ТIабигIияб балагьалъул цереккунисел хIасилазда базабун, гьедин лъазабулеб буго бакIалъулаб полициялъул кIудияв хъулухъчияс. Полициялда гьединго кIвар буссинабуна провинциялъул территориялъул 70-гIанаб проценталда минабиги батIи-батIиял объекталдаги квешго риххун рукIиналде.

Гьаб заманалда улкаялъул хIукуматалъ официалияб къагIидаялда тасдикъ гьабулеб буго нус-нус чи хун вукIин.

Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул ва Ростуризмалъул хIисбалда Филиппиназул зарал ккарал бакIазда рукIине рес буго россиялъул гражданазул 110-150 чи.

ЦIиял прогнозазда рекъон, итни къоялъул радалиде тайфуналъул асар загьирлъизе буго вьетнамалъул Тханьхоа провинциялда. Амма гьелъул къуват гьениб гIуралъ тамахаб букIине буго гьениб. Вьетнамалда тайфун бачIиналде хIадурлъулаго гьабун буго аза-азар чиясул эвакуация.