Ираналъулгун кIалъа-басаязда оптимизм баккулеб буго

Ираналъул ядерияб программаялда сверун халкъазда гьоркьосел кIалъа-басаязде нахъ тIамичIого жувалев вуго Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри, Британиялъул, Германиялъул ва Франциялъул къватIисел ишазул министрал Уильям Хейг, Гидо Вестервелле ва Лоран Фабиус.

Россиялъул Къватисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, гьеб идараялъул бетIер Сергей Лавров гьениве вачIунев гьечIин.

Политиказул ва экспертазал пикруялда, гьанжесалалъ Женеваялда ираналъул рахъалдаса къватIисел ишазул министр Джавад Зарифи гIахаьллъун тIоритIулел кIалъа-басаязда икъбалал щвезе бегьулин.

КIалъа-басаязда щвезе бегьулеб прогрессалъул хIакъалъулъ рузман къоялъ радал лъазабун букIана Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул тIадегIанай вакил Кэтрин Эштонил пресс-секретарь Майкл Манницаги.

Цебесеб къоялъ ХъахIаб рукIалъ лъазабун букIана гьединго дунялалъул асар кIудияб анлъго улка хIадураб бугин Ираналде данде гьарулел санкцияби тамахлъизаризе, Тегераналъ жиндирго ядерияб программа чIезабиялъул рахъалде мухIканал галаби гьаризе байбихьаниян.

Халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъул ургъел ккун буго атомияб энергетика цебетIезабулаянги абун, Ираналъ ядерияб ярагъ хIадурулеб букIине бегьиялда бан. Анлъгорахъалъулал кIалъа-басаязда гIахьаллъулел руго Британия, Китай, Россия, Цолъарал Штатал, Франция ва Германия.