Human Rights Watch гIуцIиялъ какулеб буго Россия

Human Rights Watch гIуцIиялъ россиялъул нухмалъи какулеб буго норвегиялъул кIиго тележурналистасде тадецуй гьабулеб бугин абун.

Гьеб гIуцIиялъул сайталда талат къоялда бахъараб лъазабиялда абулеб буго, россиялъул полициялъ лъабго къоялда жаниб чанго нухалъ ккунин ва гьикъа-бакъи гьабунин 2014 соналъул Сочиялъул хасалил Олимпиял хIаязда аккредитация бугел норвегиялъул TV2телекомпаниялъул журналистазулин. ГIуцIиялъул Европаялъул ва Централияб Азиялъул проектазул директор Джейн Бьюкананица Россия ахIун буго, журналистазде тIадецуй гьабичIого, рагIул эркенлъи цIунулеб къанун хвезабунгутIиялде.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул информациялда рекъон, Сочиялда аскIоб бугеб Адыгеялъул хIакъалъул репортаж хIадурулел репортеразул машина нухлол полициялъул хIалтIухъабаз чIезабун буго 6 нухалда, гьезие агрессивияб къагIидаялда суалал кьун руго. Туснахъалде рехиялъул хIинкъиялцин кьун руго полициялъул хIалтIухъанас.