Джон Керри щвана Варшаваялде

Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, Евроцолъиялъул гражданазда хадуб Цолъарал штатазул хасал хъулухъаз электронияб къагIидаялда хал кколеб букIанин абурал лъазабияз бижинабураб ургъелалъ квал-квал гьабизе кколарин рахъазул дармил партнерлъиялъе.

Талат къоялда Польшаялъул къватIисел ишазул министр Радослав Сикорскиясулгун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб, Варшаваялда кIалъалаго, Керрица лъазабуна Цолъарал штатаздаги Евроцолъиялдаги гьоркьоб Трансатлантикияб эркенаб дармил зона гIуцIиялда хурхун рукIинесел кIалъа-басаязе лъицаниги квал-квал гьабизе кколарин.

Польшаялъул премьер-министр Дональд Тускильгун рукIарал кIалъа-басазда гьоркьор лъуна ракетабазде данде чIеялъул америкаялъул системаби Европаялда лъеялда, ГIагараб Машрикъалда бугеб ахIвал-хIалалда ва Афгъанистаналдаса коалициялъул къуватал нахъе рачиналда хурхарал суалал.