Медведевас харбал нахъ чIвалел руго

Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевасда гьаб заманалда багьанаби рихьулел гьечIо Украиналъе биччалеб газалъул къадар дагьлъизабиялъе. Гьес нахъ чIвана Украиналдаги Россиялдаги гьоркьоб цIидаса «газалъул рагъ» загьирлъизе бугин абурал харбал. Гьес гьединго нахъ чIвана нахъ тIамичIого газалъул налъи кьей Киевалдаса тIалаб гьаби букIине бегьулеб Евроцолъиялъулгун Украиналъул ассоциациялда хурхараб букIинги.

Гьебго заманалда , Медведевасул рагIабазда кIиябго советиял республикабилъун рукIарал рахъазул «хасал» гьоркьорлъаби хисизе руго, Украиналъ Таможенияб цолъиялъул бакIалда Евроцолъи бищани. Гьедин бугони, Киевалъ Москваялдаса гIарцул налъи гьаризе кколаро.