Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керри мукIурлъана Цолъарал штатаз электроникаялъул кумекалдалъун хал кквеялъул программабазул сфералда гIорхъаби рахун рукIиналъе. Гьелъул хIакъалъулъ гьес лъазабуна хамис къоялда Лондоналда тIобитIараб конференциялъул гIахьалчагIигун кIалъалаго.
Керрица лъазабуна, жинца рахъ кколин терроризмалде данде кьеркьеялъе гьединаб шпионаж хIалтIизабиялъун. Аммаян абун гьес жив ва президент Барка Обама тамашалъун рукIанин Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул агентлъи телефоналъул бухьеназухъ гIеннеккулел ругин абурал гIемерал лъазабиязда.
Керрица лъазабуна, Обамада ракIалда бугин, гьеб идараялъул программабазда хурухун чIван къотIарал реформаби гьаризе, хаду-хадуб гьединал хIужжаби риччангутIиялъул мурадалдайин.
Цеве америкаялъул хасал хъулухъазда контрактаздалъун хIалтIулев вукIарав Эдвард Сноуденица къватIиб чIвазарурал документазда хурхинабун Миилияб хIинкъигьечIолъиялъул агентлъиялъ хал кколеб бугин пачалихъазда хадубин абурал лъазабияз разигьечIолъи бижинабуна Цолъхарал Штатазул партнеразулцин.