Кьвагьиял гьариялъул щаклъи бугезул цIарал чIезарун руго

АрбагI къоялда МахIачхъалаялда кIиго кьвагьи гьабураллъун рукIине бегьулезул цIарал чIезарун руго цIех-рехчагIаз. «Гьел рукIине бегьула «МахIачхъалаялъулин» абулеб гъачагъазул къокъаялъул гIахьалчагIи - 22 сон барав МахIамадрасул Шагьабнов ва 24 сон барав МахIмуд ГIалиев» - ян лъазабулеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул лъазабиялда.