Вашингтоналъ парахатал рищиял баркана Тбилисиялда

Цолъарал штатаз гуржиязул халкъалда баркана парахатаб къагIидаялда президентасул рищиял тIоритIиялда бан. Цолъарал штатазул Пачалихъияб департаменталъ улкаялда парахалъи цIуниялъул ва гражданияб жамгIият щулалъизабиялъул мурадалда гуржиязул киналго политикиял къуватал ахIана цадахъ лъугьун хIалтIиялде.