Москваялъулги Киевалъулги "газалъул" цIияб конфликт

«Газпромалъ» украиналъул нухмалъи ахIулеб буго нахъ тIамичIого россиялъул газалъухъ гIарац кьеялде.

Талат къоялда журналистазе компаниялъул бетIер Алексей Миллерица лъазабухъе, Украиналъ гьанжеги бецIун гьечIо 882 миллион долларалъул налъи августалъ биччараб газалъухъ. Москваялъ гьелъие бихьизабун букIун буго тIоцебесеб октябралде щвезегIан болжал.

«Газпромалъул» бетIерас Укриналда ракIалде щвезабун буго, нагагьлъун налъаби кьеялъул шартIал тIуразаричIони, контракталда рекъон, рахъалъ газалъул цебеккунго гIарац кьеялъул къагIидаялде руссине кколел рукIин. Россиялдаги Украиналдаги гьоркьоб гьеб кколаро тIоцебесеб конфликт.

Украиналъул нухмалъиялъ рикIкIунеб буго россиялъул газалъухъ багьа данде кколеб гьечIин, гьеб бичиялъул контакталги рахъалъ рикIкIунеб буго накабазде ккезабулеблъун.

2009 соналда гьеб контракталда гъоркь гъулбас лъурай экс-премьер Юлия Тимошенко хъулухъалъул ресазул гIорхъаби рахун галаби гьариялъул гIайибги гIунтIизабун жание гъуна диваналъ туснахъалъул анкьго сонги бихьизабун.

Октябралъул байбихьуда украиналъул премьер-министр Николай Азаровас лъазабуна, перспективаялда Киевалъул рес баккизе бегьулин тIубанго росссиялъул газалдаса инкар гьабизеян. Россиялъ хIинкъиял кьуна санкцияби хIалтIизариялъул.