Сириялда полиомиелит батун буго

ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ тасдикъ гьабулеб буго Сириялда аслияб къагIидаялда кIиго соналъул гIелалде щвечIел лъималазул 10-яв полиомиелиталъ унтун рукIин. Цогиги 12 лъимеразда хурхун цIидаса медикияб цIех-рех гьабулеб буго.

ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ абулеб буго, гьеб кколин ахирисеб 14 сонида жаниб тIоцебесеб хIужжайин гIемер лъимал унтиялъулин. Специалистазул пикруялда, хIинкъи буго вирус тIолабго регионалда тIибитIиялъул.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда рекъон, Сириялда гьеб унтиялде данде иньекцияби гьаричIел лъималазул къадар бахунеб буго 500 азаргоялде.