Ираналъулги МАГАТЭялъулги кIалъа-басал

Итни къоялда Ираналдаги Халкъазда гьоркьосеб атомияб энергиялъул агентлъиялдаги гьоркьор тIоритIарал кIалъа-басаял ираналъул къватIисел ишазул министр хисулев ГIаббас Аракчица лъазауруна пайдаяллъун.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Reuters агентлъиялъ.

Аракчил ва МАГАТЭялъул директор Юкио Аманол гара-чIвари тIобитIана сагIат гIанаб заманалъ. Гьелъул мурад букIана букIнилъе ккарал ираналъул ядерияб программаялда хурхараб суал багъа-башаризаби.

Калъа-басаязда хадуб МАГАТЭялъул бетIер Юкио Аманоца лъазабуна гьел кIалъа-басаяз нилъ рачине кколин ираналъул ядерияб программаялда хурхун мухIканал хIассилаздеян.

МАГАТЭялъ тIалаб гьабулеб буго ираналъул ядериял объектазде щвезе, гьезда хурхараб документациялъул хал-шал гьабизе ва гьеб программа гIумруялде бахъинабулел гIадамалгун дандчIвазе ресал. Гьединаб къагIидаялда гурони, Тегераналъул ядерияб программаялда хурхун щаклъи тагIине гьечIин рикIкIунеб буго магърибалъ.