АНБялъ испаниялъулазул телефоналъул бухьеназул хал гьабун буго

Цолъарал штатазул Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул агентлъиялъ цебесеб соналъул 10 декабралдаса байбихьун гьаб соналъул 8 январалде щвезегIан хал ккун буго испаниялъулазул 60 миллион телефоналъул ахIиялъул. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго «Эль Мундо» абураб испаниялъул газетаялъ, цеве америкаялъул хасал хъулухъазда контрактаздалъун хIалтIулев вукIарав Эдвард Сноуденица къватIир чIвазарурал материалаздаги базабун.

Газетаялъ лъазабухъе, АНБялъ мониторинг гьабулеб букIун гьечIо телефоназул бухьеназул каламазул, гьелъ гIицIго информация бакIарулеб букIун буго жидехъе ахIулел гIадамазул, гьел ругел бакIазул хIакъалъулъ.

Гьелда цебе раккун рукIана лъазабиял америкаялъул хасал хъулухъаз Франциялъул гражданазул бухьеназул мониторинг гьабиялъул ва германиялъул канцлер Ангела Меркелил кIалъаязухъ гIенеккиялъул хIакъалъулъ.