Москваялда тlобитIана «Эркенлъиялъе гIоло марш»

Москваялда рагIалде бахъана «Эркенлъиялъе гIоло» абулеб марш. Гьезул мурад букIана «болотное ишалда» сверун гIайибал гIунтIизарулезул ва цоги политикиял туснахъазул рахъ кквей лъазаби. Акция тIобитун буго кинал рукIаниги гIадлу-биххиялги гьечIого.
БатIи-батIиял баяназда рекъон, акциялда гIахьаллъун вуго щуазарго гIанасев чи. Гьеб гIуцIун букIана «Протестазул ишазул Комитеталъ» ва
«:6-билеб маялъул Комитеталъ». Гьелъул гIахьалчагIаз кодор ккун рукIана Михаил Ходорковскиясул, жанир тIамун ругел Pussy Riot панк-къукъаялъул гIахьалчагIазул, жанир тIамун ругел «Гринпис» - «Арктик Санрайз» гамил экипажалъул, Ярославль шагьаралъул вукIарав мэр Евгений Урлашовасул ва Болотное майданалда гIадлу биххаралин абун жанир тIамуразул суратал. Маршалда гьединго гIахьаллъун руго «Кировлесалъул» ишалда сверун шартI бихьизабун туснахъалъул сонал кьурал Алексей Навальный ва Пётр Офицеров. Шагьаралда гIадлу чIезабулеб букIана низам цIунулезул лъабазаргоялдаса цIикIкIун чияс.