Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ хал гьабизе буго туснахъалъуй йигей экс-премьер Юлия Тимошенко дару гьабизе къватIисеб улкаялде йиччаялъул къануналъул проекталъул.
Украиналъул президент Виктор Януковичас лъазабун букIана араб анкьалда жив разияв вугин Юлия Тимошенко дару гьабизе къватIисеб улкаялде йиччазе гьединаб хIукму парламенталъ къабул гьабуниян.
2011 соналъул октябралда Киевалъул диванханаялъ Тимошенкое кьун букIана туснахъалъул 7 сон Россиягун газалда сверун контрактал хъвалаго жиндир хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босанин абураб гIайибги гIунтIизабун. Араб соналъул маялда Тимошенко туснахъалъуса ячун йикIана Харьковалда бугеб азарханаялде.
Оппозициялъ рикIкIунеб буго Тимошенкоде данде гIуцIараб ишалъул политикияб кьучI бугин. «Батькивщина» абулеб оппозиционияб фракциялъ тIадчIей гьабулеб буго Тимошенкода тIаса лъугьун гьей эркен гьайиялда.