Москваялда бугеб Азербайджаналъул вакиллъиялъ кIиябилеб нухалъ протесталъул нота битIана Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялде.
Гьадин лъахзабулеб буго Интерфакс агентлъиялъ.
Азербайджаналъул дипломатаз тIалаб гьабулеб буго гьалкъояз ккурав Орхан Зейналовгун дандчIвай, амма Россиялъул тIадтараз гьадинаб ресги изнуги кьолеб гьечIо.
Рехсезин, гьев Зейналовасда гIунтIизабураб гIайиб – гьалкъояз Москваялъул Бирюлёво мухъалда Егор Щербаков чIвай.
Зейналов ккун вугин вахIшгияб къагIидаялда, ян абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез, амма ЦIех-Рех гьабулеб Россиялъул комитеталъул вакил Владимир Маркиница абулеб буго гьединаб кьварараб къагIидаялда гьабураб кквей живго Зейналовас гьабураб такъсиралде тIубанго данде кколеб бугин .