СагIудияз мушавара-улкаялъул статусалдаса инкар гьабуна

СагIудиязул ГIарабиялъ инкар гьабун буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул Шураялъул даимаб гуреб мушавара-улкаялъул статусалдаса.

Гьелда кIоларин рагъал ва конфликтал ругел регионазда ахIвал-хIал рукIалиде ккезабизе, ян абураб баян гьабуна гьеб улкаялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ загьирабураб жиндирго лъазабиялда.

Квал-квал хIисабалда рехсон руго кIигьумерлъиялъулилан абурал стандартал.

Аммаила, тIаде жубалеб буго СагIудияз, Рехсараб Шураялде гъорлъе жал ине рес бугин гьелъул реформа гьабун хадусала.