Дагъистаналъул прокуратураялъ дагIба балеб буго исана риидал «Черновикалда» бахъараб ГIумар ХIажигIалиевасул макъалаялда («Здесь и сейчас. Шам»).
Гьелда бан 17 октябралда МахIачхъалаялда Советский мухъалъул судалда тIобитIизе кколаан тIоцебесеб данделъи. Амма прокурорги вачIинчIого гьеб нахъбахъана.
Гьединго юстициялъул министерлъиялъул вакилги вукIинчIо. ВачIун вукIана Россиялъул юстициялъул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб Бут1аялъул вакил.
Амма жив тIубан батIияб пишаялъул чи вугин, гьединлъидал диваналда республикаялъул юстициялъул министерлъиялъул вакил вукIине кколин абуна гьес.
Диваналъул сан гьабичIолъиялда бан прокурорасе тамихI гьабизе бугилан лъазабуна диванчи МахIач ГIалиевас. Жиндир гьединаб хIалбихьи бугила. Гьедин журналистазда цебе республикаялъул прокурор Рамазан Шагьнавазовасухъе кIалъазе лъугьана гьев, амма дос жаваб кьечIо.
ПалхIасил, ГIумар ХIажигIалиевасул макъалаялъулъ экстремизмалъул магIна халлъун буго прокуратураялда. Аслияб куцалда гьениб бицунеб буго Шамалда гьабулеб рагъулъ гъурулеб бугеб халкъалъулги Башар Асадил низам цIунун хIалае бахъунеб бугеб Россиялъулги хIакъалъулъ.
Прокуратураялъул тIадкъаялда рекъон, гьеб макъалаялъе къимат кьун буго минюсталда цебе рагьараб Диваналъул экспертизаялъул Централъ.
Гьелъ тIадчIей гьабулеб буго гьадинал мухъазде: «Благодаря политике России продолжают погибать дети, женщины и старики на многострадальной сирийской земле, и вряд ли сирийский народ когда-нибудь об этом забудет».
Гьелдалъун экспертаз рикIкIунеб буго авторас психологиялъул къаг1идабиги хIалтIизарун, Башар Асадица нухмалъи гьабулеб Шамалъул хIукуматги гьелъул рахъкколеб Россияги сурун рихьизарулел ругилан.
ГIумар ХIажигIалиевас рехсолеб буго исана 13 июналда Египеталда тIобитIараб гIалимзабазул данделъиги. Гьенир хIисабалде росарал суалазул тIоцебесеб гьадинаб буго – Шамалда гъурулел ругел динцоязе кумек хIисабалда гIумруялдалъунги, мал-мулкалдалъунги, яргъидалъунги, гьединго жигьадалъул батIи-батIиял къагIидабаздалъунги жигьад лъазабизе тIадаблъун гьаби.
Экспертаз гьелда дагIба базе ккани, гьеб жидер авторас ургъараб жо гурин, дунялалъулго журналистаз некIого интернеталда тIибитIизабураб баян кколин жаваб кьолеб буго ГIумар ХIажигIалиевасул адвокат Бияхъай МухIамадовас. Жигьад тIадаблъун гьабиги бугила гIицIго гIалимзабазул хIукму.
Бияхъай МухIамадов: «Нижеца абулеб буго доба Египеталда гьабураб резолюциялъе гIоло нижеца щайин жаваб кьезе кколебилан. Нижеца гурелъул гьединаб хIукму гьабун бугеб. Киналго журналистаз киса-кибго бицараб, газетазда хъвараб жо буго гьеб. Нижеца хисизабулеб жоги гуро».
17 октябралда прокурор судалде вачIинчIолъиялъе гIиллаги гьадин бичIчIулеб буго Бияхъай МухIамадовасда.
Бияхъай МухIамадов: «Дида ккола гьаб батилин жеги Дагъистаналъул цIияв прокурор телалдего прокурор хисулел Дибировасги ХIамидовасги гьабун букIараб хIукму. Ахирги инкар гьабила гъоз гьелдаса. Гуребани гъол диваналде рачIунаан.
Гъозда лъалелъул кIиго-лъабго соналъ цебеги нижергун дагIба кин лъугIарабали – нижекьа къуна гьел, ахиралда 300 азарго гъурущги бахъана газеталъ прокуратураялъухъа.
Гьединго судалде гIемер журналистал рачIун рихьидалги нахътIамун батула гьез гьеб данделъи. Щайин абуни чанцIулго гьединан нахътIамун, нахътIамун журналистазда чIалгIуна гьенире хьвадун, гьедин процессалдехун гьезул интересги хола».
ГIумар ХIажигIалиевасул макъалаялъулъ экстремизмалъул магIна бугин чIезабизе кIвани, къануналда рекъон, «Черновикалъул» сайт къазе рес буго. Щайин абуни, гьединаб макъала бугеб сайталдаса цогидазги пайда босиялда хIинкъи бугин багьана батизе бегьула прокуратураялъ.
Гьелдалъун прокуратураялъ гъоркьбакI хIадурулеб бугин газета къаялъеян рикIкIунеб буго газеталъул хIалтIухъабаз (гурони, циндаго газета къазе лъугьани, ахIи-хIур бахъине бегьула).
Гьебго къагIида хIалтIизабизе бугила гьез жидее дандекколарел цогидал газетазеги.
Прокуратураялъ «Черновикалъул» журналистазде экстремизмалъул гIайиб гIунтIизабулеб букIана 2008 соналдаги. Амма чанго соналъ халат бахъараб диваналлдаса хадур журналистал ритIухъ гьаруна.