Алексей Навальныясе щуго, Петр Офицеровасе ункъго сон туснахъалда базе къотIун букIараб диваналъул хIукмуги хисизабун Киров мохъалъул диваналъ арбагI къоялъ.
Гьебго заман тамихIлъун бихьизабизе, амма туснахъалда тIамичIого абураб хIукму гьабун буго.
Россиялъул оппозициялъул цевехъан Алексей Навальный разияв гьечIо гьединабги диваналъул хIукмуялдаса.
Навальныясда ракIалда буго диваналъул хIукмуялда тIасан гIарз хъвазе.
Журналистазе Алексей Навальныяс лъазабухъе, диваналъул хIукму данде кколеб гьечIо къануналде.
«Рохалие бакI гьечIо гьабсагIат.Дун гьадинги рикIкIунев вуго гIайибиявлъун»-ян абуна Алексей Навальныяс информация тIибитIизабулел алатазе.
Диваналъул данделъиялдаса хадуб Алексей Навальныяс лъазабуна гьабсагIат къотIараб хIукму хасгьабун президентасул буюрухъалда рекъон къотIараб хIукму кколин.
Диваналъ хIукму къотIунин Алексей Навальныясда ракIалда гьечIо политикияб хIалтIиялда гьоркьов гIахьаллъичIого чIезеги.
РакIалде щвезабуни 18 июлялда 2013соналъул Алексей Навальныясе Кировалъул Ленинил цIаралда бугеб мохъалъул диваналъ хIукму къотIун букIана щуго сон туснахъалда базеги, 500 азарго гъурущ гIакIа пачалихъалъе кьезеги. «Кироврохь» абураб пачалихъияб гIуцIиялда хIалтIулаго пачалихъалъе 16 миллион гъурщил гьес зарал гьабун букIиналда бан.
Прокуратураялъул рахъалдасан тIалаб гьабулеб букIана Алексей Навальныясе ва Петр Офицеровасе къотIараб хIукму букIахъе теян. Гьезул адвокатаз тIалаб гьабулеб букIана тIубанго ритIухъ гьареян, гьезул ишалъул халшал гьабулаго гIемерал гъалатIал риччан рукIинин абун.
Россиялъул тIадтаразул рахъалдасан битIаб гали бугин Алексей Навальныясе ва Пётр Офицеровасе диваналъул хIукму хисизаби ян рикIкIунеб буго политологаз.
Политолог Николай Петровасул бербалагьиялда рекъон гьединаб хIукму россиялъул тIадтаразул рахъалдасан ккана лъикI ургъараб хIукмулъун.
Цо рахъалъан Алексей Навальныясда кIвезе гьечIо гIагараб заманалда рищиязда гIахьаллъизе. Мисалалъе бачIунеб соналъул марталда Москваялъул думаялде тIоритIизе ругел рищиязда.
Гьелдаго цадахъ Россиялда данде чIеялъул акциялги дагьлъизе бегьула политологасул бербалагьиялда рекъон.
Амма руго гьадин суал лъолелги. Алексей Навальныясе диваналъул хIукмуги къотIун россиялъул тIадтараз жидедего данде чIараб щулияб оппозиция бижизабулеб бугин абураб.
Навальныясул, политикасул гIадин, кIварги борхизабулеб бугин.
Гьеб суалалда бан политолог Николай Петровас рикIкIунеб буго гьадин:
«Абизе бегьула Алексей Навальныяс кIудияб политикияб хIалтIиги тIобитIун тIадтарал гъалатаIал риччазе тIамулел ругин.
Гьел гъалатIалги Алексей Навальныясе данде кколеб хIалалъ хIалтIулел ругинги абизе бегьула».- ян абулеб буго политологас.
ГьабсагIаталда бугеб къагIидаялъ диваналъул хIукму хутIулеб бугони Алексей Навальный ва Петр Офицеров рачIине ккезе руго щуябго соналъ моцIида жаниб кIиго нухалъ тамихIал тIуразариялда хадуб хал кколеб бакIалде гъулбас гьабизе.
ГьабсагIаталда кIиязего тамихI хутIулеб буго щуго сон Алексей Навальныясе ,
ункъго - Петр Офицеровасе туснахъ тун къватIибехун.