Пакистаналда бакIалъулаб министр чIвана

Живго жинцаго чIвазе хIукму гьабьурав террористас Пакистаналъул
Хайбер-Пахтунхва вилаяталда бакIалъулаб юстициялъул министр Исраруллагь Гандапурил рукъове гьобол хIисабалда вачIун тIад бугеб кьвагьулеб алат хIалтIизабуна ва жиндаго цадахъ гьев министрги жеги анкьго чиги чIвана 16 октябрялда Къурбан-байрам кIодо гьабулеб мехалда.