Баркула Къурбан-байрам

Талат къоялъ дунялалъулго бусурбабаз кIодо гьабулеб букIана кIудияб байрам-Къурбан хъвей. ХIадисалда рекъон ТIадегIанав Аллагьас Къурбаналъул байрам хира гьабун буго ГIидалъул кIалбиччаялъул байрамалдасаги. Аза-азар бусурбабаз гьеб къо кIодо гьабуна Дагъистаналдаги.

Дунялалъулго бусурбабаз октябралъул анцIила щуабилеб къоялъ кIодо гьабулеб букIана ГIид-уль-акбар Къурбаналъул байрам.

Аза-азар бусурбабаз гьеб кIодо гьабуна Дагъистаналъул щибаб шагьаралда ва росабалъ.

Республикаялъул шиаб ругел киналаго мажгитахъ гIидалъул какдаса хадуб байбихьана аслияб тадбиралде Къурбан хъвеялъул тадбиралде ГIидалъул къурбаналъул байрам Аллагьас Къуръаналда кIодо гьабун буго ГIидалъул кIалбиччаялъул байрамалдасагиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Шамил мухъалъул росдал имам МухIамадрасул ХIажияс.

Соналдаса соналде гIадин Дагъистаналда хиралъулеб буго хIайваналъул гьанал багьа. Мисалалъе жакъа магIарухъа лемагалъун гьанал цо килограммалъул багьа буго 250 гъурущ.

Амма гьан боси гьедин хираго чIолеб букIаниги къурбаналъе хъвезе хIаван босулел гIадамазул къадар соналдаса соналед цIикIкIунеб бугилан кколин жиндаян бицана МухIамад расулица. Бусурбабазул кIудияб байрамалда тIасан гьадинаб гара-чIвари ккана нижер гьесулгун.

МухIамадрасул-хIажи: «КIалбиччаялъул гIидалъул байрамалде дандеккун балагьани Къурбаналъул гIид Аллагьас кIодо гьабун буго. ХIисаб гьабун балагьани доб байрам буго бечедазеги мискиназеги рохел кьолеб къо. Жакъа къо буго бищун мискинзаби рохараб къо. Хъолеб къурбанги буго, кьолеб садакъаги буго.

ЦерегIан соназда къурбаналъул байрам гьедигIанго машгьурлъи щвечIеб букIанини абизе бегьула, цIакъго диналда тIадчIарал чагIаз гурони гьелде кIварги кьолеб букIинчIо.

Амма доб мехалъ садакъаялде хIажатав чи гIемер вукIана. Рукъи бараб ретIел-хьит ретIарав чи гIемер вукIана. Гьаб къо нилъеца тохго биччазе бегьуларо, рузманкъоялъул хиралъи кIодо гьабураб гIадин гьаб къоги цIакъ хира гьабун буго Аллагьас».

Э.Р Къурбаналъе хъолеб хIайваналъул бищун хирияблъун кинаб бихьизабун бугеб шаргIалда?

МухIамадрасул-хIажи: «Бищун хирияблъун бихьизабун буго варани, хадуб чIегерхIайван, хадуб гIи-цIцIани. ГIиязда гьоркьобги бищунго беццараб буго гвангъараб кьералъул хIайван. Мисалалъе гIазухъахIаб, ялъуни чIегIераб гIайиб гьечIеб, мукъсанлъи гьечIеб».

Исанасеб байрам тIаде щвелалдего Дагъистаналъул рухIияб идараялъ ва шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабун букIана хъвехъари тIобитIизе бугин шагьар бахун къватIибехун.

Гьедин аслияб куцалда къурбан хъвеялъул тадбир исана унеб букIана «Хъиргъу» дармил рукъалад нахъа бугеб авлахъалда. Гьединал тадбирал тIоритIиялъе гIиллалъун ккун буго араб соаналад шагьар бакьулъ къурбан хъолеб бихьила аскIосан унел ракI унатарал херал чагIи лъавудаса ун гIодор ккарал хIужаби рукIиналъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Къурбан хъвеялъул алиял хIаракатчагIазул цояв МухIамадов МухIамадхIажияс.

Гьединго гьев ккола махIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам хисулевги. къурбан хъвеялъул тадбир унеб букIараб куцалъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес

МухIамадхIажи: «Церкккунго Дарсазадса эркенги гьарун нижеца мутагIилзаби хIадур гьарун рукIана ният гьабизе, такбир ахIизе ччукIизе ва цогидаб щиналъеги кумекалъе.

Э.Р МухIамадхIажи, хъураб хIайваналъул гьан аслияб куцалда бесдалазе мискинал хъизамазейиш кьураб.

МухIамадхIажи: «ТIоцебесеб иргаялда МахIачахъалаялъул аслияб исламияб университеталда цIалулел мутагIилзабазе кьун, гьенир руго бищун гIемер гьединал лъимал. Гьединго гьан бикьана аслияб мажгиталад цебе рагьараб «Киналго хъизамазе гьан» абура гIуцIиялде гьенисан кьезе буго хIажатал чагIазе».

Гьав вукIана МхIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам хисулев МухIамадов МухIамадхIажи.

ГIидалъул Къурбаналъул байрамалда цебесеб къоги хIалтIулареб къолъун лъазабун буго исана Дагъистаналда.

Гьелъ кIудияб рес кьуна дагъистаниязе гIага-божарузухъе гьоболлъухъе республикаялъул батIи-батIиял мухъазед ине.

Гьедин лъалаго шагьаралда жаниб транспорталъул хьвади лъалаго дагьлъун букIана талат къоялъ.