Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница республикаялъул мухъазда цебе суал лъуна гIарабазул улкабазда цIалулел ругел дагъистаниял ватIаналде нахъруссинаризе кколилан. Хасго республикаялъул нухмалъулев тIадчIей гьабулеб буго Шамалда цIалулел ругел дагъистаниязде.
ЖамгIиял хIаракатчагIаз гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго, рухIиял церехъабаз абулеб буго гьел гIолохъаби ватIаналде нахъруссинариялъул пашманаб хIасил букIине бугилан.
Жидерго лъимал гьединал хIукуматаздаса рокъоре ахIизе инкар гьабурал эбел-инсудехун кьварараб бербалагьи букIине бугилан лъазабуна ГIабдулатIиповас гьеб данделъиялда.
(Терроралда данедчIараб коммисиялъул хIасилал гьарулеб данделъи тIобитIун букIана октябралъул анцIила цоабилеб къоялъ). Амма кинаб низам гьеб букIине бугебали мухIканги гьабичIо.
Хасго жиндица хитIаб гьабулеб бугин Сириялда цIалулел ругел гIолохъабаздехунилан бичIчIизабуна президентас.
БатIи-батIиял баяназда рекъон жакъа Шамалда тIобитIулеб рагъулаб операциялда гьоркьов рагIула 70 ниги Дагъистанияв. Улкаялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалдаса щварал баянал ккола гьел.
Дагъистанлдаса гIолохъаби гьениер ине ричIчангутIиялъе тадбирал гьареян цебеккунги абун букIана ГIабдулатIиповас. Гьанже президентас тIалаб гьабулеб буго гьенирго цIалул регл гIолохъабиги нахъе рачеян.
Жакъа щивав чясул ихтияр бугин жиндирго ракIалъ тIасабищараб пачалихъалдеги ун гьениб лъай тIалаб гьабизе. Гьединлъидал чиясул ихтиярал цIуниялъул рахъалдса балагьани ГIабдулатIиповас тIалаб гьабулеб бугеб гIадатияб къагIидаялъ дагьаб бичIчIизе замхIматаб масъалаги бугин.
Амма жакъа Шамалда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун гьениб кколеб бугелъе букIине кколеб къиматги кьун балагьани ГIабдулатIиповас абулеб рагIи битIараблъун бихьулин жиндаян бицана Эркенлъи радиоялъе Лачин Лачиновас, ЦIоралда ругел магIарулазул «Алазан» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил ккола гьев.
ГIасрабаз церехун балагьани ГIарабазул хIукуматал инисанияталхеги мисаллъун рукIанин ракълилаб куцалад гIумру тIамулеб пачалихъ хIисабалда, амма жакъа нилъеда бихьулеб хIакъикъат батIияб бугилан бицана жамгIияв хIаракатчияс.
Гьеб гуребги тIуванго щвалде шун гIелму лъалев чи дун гьечIониги дидаго бицунеб рагIаразул каламалда рекъон Шамалдаги, Мисриялдаги, Ираналдаги исламиял цIалул идарабазда гIелму малъулаго хIалтIизарулел ругин Дагъистаналъул цере рукIарал гIалимзабазул тIахьал.
Гьеб рахъги хIисабалде босун ракIчIун абизе нух бугин нилъее, гIелмуялъул рахъалъ мукъсанаб регионлъун Дагъистан кколареблъи. Доре дунялалъул рагIалде инчIогун гьанибги щвезе бегьулин гьезие исламияб лъай.
Лачинов Лачин: «ЦIализе унев чи цIализе ккола кинабго гIодоббичан бугеб ракълилаб мисалияб хIукуматалда. Жинде щвараб лъаялъ дунялалда рекъелги парахалъиги цIунизе рес кьолеб бакIалда.
Амма жакъа Бакъбаккул улкаялъул хIукматалъ бихьизабулеб мисалалъ гьединаб даражаялул лъай нилъер ракьцоязе кьезе букIиналда кIудияб щаклъиги бижулеб буго.
ДагIба гьечIо щивас жинца цIалулеб гIелмуялдаса жиндего дандекколеб куцалъ босизе бегьула дарсги. Амма жакъа Бакъбаккул улкаялда тIолеб биги, руччабазул магIуги, къварилъиги, вахIшилъиги бихьидал пикру батIияб бижулеб буго, гьеб буго дир пикру нахъойги абила.
Жакъа Дагъистаналъул нухмалъулесул гьелда хурхун бугеб рахIатхвейги, нилъер ракьцоял ватIаналде нахъруссинаризе гьес цебе лъураб суалги сундулго рахъалъ битIараб бугилан абила дица»
Жакъа Шамалда цIалулел ругелилан жидеда ацIарги чIван гьенив вугевщинав дагъистанияв ватIаналде нахъвуссинавуни гьаниб гьез цIияб фитнаялде байбихьи лъезе букIиналда щаклъи гьечIо Шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал имам ГIалискандиев МухIамадрасулил.
Гьес ракIалде щвезабуна хIабургъарал 90 абилел сонал. Гьебго Шамалда ва Мисриялд цIалулел рукIаралинги абун, гьениса тIуранго ислам бичIчIиялъул рахъги бегуниса бахъинабун Дагъистаналдеги рачIун гьез байбихьи лъунин гьаниб вагьабиязулгун салафиязул дин тIибитIиялъе, жакъаги президентасул ахIиялда нахъги рилълъун гьел дагъистналде ракIариялъул хIасил расги рохалилаб букIине гьечIилан абулеб буго рухIияв цевехъанас
МухIамадрасул –хIажи: «Нилъерго гIолохъаби ватIаналде тIадруссине гьаризе кколилан политикияб рахъалъ тIамулеб гали батани президентасул гьеб, гьеб батIияб иш буго, гьезул сиясат буго гьеб. Амма гьезда кколеб батани гьел гIолохъаби исламалъе, Дагъистаналъе пайдаяб куцалда хIалтIизе тIамилилан гьеб буго лъугьунареб иш.
БацIги цIцIеги цо росонир, цо бакIалда тIураларел гIадин гьезул иш билълъине гьечIо гьаниб.
Жакъа ГIабдулатIипов гьеб суалалде валагьулев ватани философиял бераздалъун гьениб цохIо философиялда гIей гьабизе бегьуларо, исламалъул бераздалъун балагьизе ккола лъугьун бугеб ахIвал-хIалалде
ГIабдултIиповас цебе лъураб суал республикаялъул рухIияб идараялъугун дандгибан къватIибе ккураб пикру батулилан абулеб буго цо-цояз.
Амма официалияб куцалъ гьеб баян лъицаниги тасдикъ гьабичIо. Идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров вуго хIежалда, цогидав чиясулгун бухьен гьабизе нижер рес ккечIо.