Кабулалда тΙоритΙулел руго кΙалъа-басаял

Афгъанистаналъул президент ХΙамид Карзайицаги Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги Кабулалда шамат къоялда халат рахъинаруна хΙинкъигьечΙолъиялъул кΙиябго рахъалъул къотΙи-къаялда сверун кΙалъа-басаял.

Цебесеб къоялда америкаялъул хΙукуматалъул вакилас лъазабун букΙана рузман къоялда букΙараб гара-чΙвариялда рахъазда бажаранин цо-цо рахъалдаса цо пикруялде рачΙинеян. Амма гьес лъазабичΙо рачине ругищали щвараб прогрессалъ Цолъарал Штатазе бокьухъе октябралъул ахиралде щвелелде къотΙи-къай гъулбасиялде. Гьеб документалъ къанунияб къагΙидаялда ресал рагьизе ккола 2014 соналда Афгъанистаналдаса НАТОялъул рагъулазул контингент нахъ бачун хадуб улкаялда америкаялъул рагъулазул къокъа тезе.