Сириялда августалда оппозициялъулаз чΙван вуго 200 чи

Августалда сириялъул официалияб нухмалъхиялде данде чΙарал къуватаз Латакия провинциялда чΙван вуго 190 гΙадатияв чи ва гъоркьлъалие восун вуго 200-ялдаса цΙикΙкΙун чи. Ахирисезда гъорлъ рагΙула гΙемер руччабиги лъималги. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул докладалда.

Документ хΙадур гьабун буго халкъалъул аслияб къадаралъ Башар асадил режималъул рахъ кколеб анцΙго росоялде 4 августалда гьабураб тΙадекΙанциялъул цΙех-рехалъул хΙасилал ва нугΙзабазул рихьизариял кьучΙоеги росун.

Сириялъул яргъид гΙуцΙараб оппозициялде гъорлъе уна батΙи-батΙиял къокъаби. Гьезул цо-цоязул хурхен буго «Аль-Каидалялъулгун».

Цебе Human Rights Watch гΙуцΙиялъ къватΙир чΙазарун рукΙана хΙукуматалъул къуватаз гΙемер чагΙи чΙваялъул хΙужжаби.