"Малалал къо - киналго руччабазул байрам"

Your browser doesn’t support HTML5

2009 соналъул авалалда ТIалибаз къеркьей гьабулеб букIана Сват жаниблъиялда жидерго асар цIуни мурадалда. Гьез лъазарурал кьварарал хIукмабазда гъорлъ – ясал мактабазде риччангутIи. Доб заманалда 11 сон барай Малала Юсафзаица гIумру гьабулаан Сват икълималъул аслияб шагьар Мингораялда. Хадуб гьей цIалулеб мактаб къан букIана ва гьелъ хIукму гьабуна лъай кьеялъе бугеб жиндирго ихтияр тIалаб гьабизе.