Олимпиялъул хIаял - тIалъиялъул реклама хIисабалда

Россиялъул президент Владимир Путин олимпиялъул цIагун кодоб. Москва, 6-билеб Октябрь, 2013

Москваялде олимпиялъул цIа щун хадусала Amnesty International гIуцIиялъ хъващтIан байбихьана Россиялда инсанасул ихтиярал хвезариялда сверухъ бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб кампания. Гьадин лъазабуна рехсараб гIуцIиялъ гьалкъояз.
«Олимпиялъул цIадул канлъуда кIвела Россиялъул тIадтараз гIадамаздаса рахчун, беццаб хIалалда кIочон тезарурал инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби гвангъизаризе». Гьадин официалияб къагIидаялда лъазабуна Amnesty International гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул бетIер Сергей Никитиница.

Amnesty International гIуцIиялъул Европаялъул ва Централияб Азиялъул программаялъул директор хисулев Денис Кривошеиница гьадин мухIканго бичIчIизабулеб буго ихтиярал цIунулел хIаракатчагIазул бербалагьи.

Денис Кривошеев: «Шаклъи гьечIого, Сочиялда Олимпиялъул хIаял кIудияб спортивияб байрамлъун букIине буго. Амма киналго гурел гIадамазул ракI тІадагьлъила гьеб байрам унаго. ЦIиял къанунал къабул гьабун хадусала улкаялда бугеб ахIвал-хIал кутакалда хисана.

Жакъа демонстрациялда гIахьаллъизе захIматго буго, хIатта туснахалде лъугьине рес буго. Россиялда жакъа руго политикиял туснахъал, къватIисел улкабазул гIарцул кумекалдалъун хIалтIулел хIукуматалъул гурел гIуцIабазда тIадаб буго жидеда къватIисел агенталилан абизе цIияб къануналда рекъон. Инкар гьабуразухъа гIакIа босула. Церехъаби жаниреги тIамизе бегьула.

Динияб бербалагьи каки – гьебги такъсирлъун рикIкIула. Гьал проблемаби кIочон тезе бегьуларо. Хасго гьеб сабаблъун Amnesty International гIуцIиялъул аза-азар хIаракатчагIаз тIолго дунялалде ракIалде швезарулел руго инсанасул ихтиярал хвезарулел гьединал хIужаби».

7 октябралда Москваялде Олимпиялъул цIа бачун хадусала нус-нус азарго хIаракатчияс тIолго дунялалда протесталъул акциял байбихьизехъин руго.

Amnesty International хиял буго хасго гьадинал суалазе кIвар кьезе. Цо соналъ цебе
Владимир Акименков, Артём Савёлов ва Михаил Косенко ккун ругоан Болотная абулеб майданалда жидерго къануниял ихтиярал тIалаб гьабурадухъ. Жеги 13 чи жанив вуго добго гIиллаялдалъун. Гъозие диван гьабулеб буго Москваялда.

«КъватIисел улкабазул агентазул хIакъалъулъ» абураб 2012 соналда къабул гьабураб къануналъ Россиялъул квершеллъиялъе изну кьуна хIукуматалъул гурел жамгIиял гIуцIабазда чан гьабизе.

Чанго такъсирчилъиялъул цIех-рехалъул ишги рагьун бугин, абулеб буго Amnesty International гIуцIиялъул хасаб докладалда. ГIемерисел хIаракатчагIазухъа гIакIа бахъун буго.

Божулел гIадамазул, диниял хIаракатчагIазул бербалагьи какиги гьанже Россиялда такъсирлъун рикIкIунеб буго.

Мисалалъе бачунеб буго "Pussy Riot" абулеб музыкалияб къукъаялъул ясаз килисаялда гьабураб протесталъул акция. КIиго яс туснахъалде рехун йигин ва гьеб ишалъ гIемерал гIадамазул рахIат хвезабулеб бугин.

Амма бишун хъачIаблъун ихтиярал цIунулез рикIкIула 2006 соналда журналист Анна Политковская, хIаракатчIужу Наталья Эстемирова, мухбирал ва ихтиярал цIунулел Камалов ХIажимурад ва АхIмаднабиев АхIмаднаби чIваялъул цIех-рехалъул хIасил гьечIолъи.

ГIайибиял жегиги ратун гьечIин, абулеб буго Сергей Никитиница ва тIаде жубалеб буго, Россиялъул тIадтаразул ихтияр гьечIин Сочиялда тIаде бачIунеб соналда рукIинесел Олимпиялъул хIаял жидерго берцинаб реклама хIисабалда хIалтIизаризе.

Гьадинаб гъозул жигаралъ Олимпиялъул хартия гуребги халкъаздагьоркьосел къануналги хвезаризе руго.

Олимпиялъул хартиялда рекъон спортивиял бакIазда демонстрацияби ва протесталъул акциял гьукъун ругониги инсанасул ихтиярал лъицаниги нахъе рахъун гьечIо Олимпиялъул къецал унеб мехалда, ян дурус гьабулеб буго Никитиница.