«Щал нилъ, киса, кире унел?»

Миллияб хаслъиялъул ва миллияб бичIчIиялъул гъваридаб кризис бихьулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда, хасго Дагъистаналда. Гьадин абулеб буго Россиялъул ГIелмабазул Академиялда цебе бугеб этнологиялъул ва антропологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан Ярлыкапов АхIмадица. Гьалкъояз гьес гIахьаллъи гьабуна Чехиялъул ГIелмабазул Академиялъул гьанжесеб тарихалъул институталъ гIуцIараб конференциялда.
Ярлыкапов АхIмадица абулеб буго Чехиялда тIобитIараб гIелмияб конференциялда жинцаги жиндирго коллегалъги гьабураб докладалъ кIудияб дандерижи багъаризабунин.

Докладалъе кьучIлъун ккун бугин жидеца лъабго соналда жаниб гьабураб цIех-рехалъул хIасил.

Ярлыкапов АхIмад: «Чехиялъул ГIелмабазул Академиялъул гьанжесеб тарихалъул институталъ гIуцIараб гьаб цIакъ интересияб конференциялда гьоркьоб лъун букIана "Тарихияб пагьму ва миллияб бичIчIи" абулеб суал.

Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул вакилзабиги гIахьаллъана гьелъулъ. Хасго Этнологиялъул ва Антропологиялъул институталъулги Социологиялъул институталъулги гIелмиял хIалтIухъаби.

Чехиялдаса ва Словакиялдаса коллегаби гурелги - Польшаялдасаги Латвиялдасаги гIалимзабаз гIахьаллъи гьабуна рехсараб конференциялда. Гьоркьоб лъураб суал гъваридго ва паракъатго дандбалеб букIана.

Дие бокьана гьеб суал дандбараб куц, щай гурелъул гьеб цIакъ захIматаб суал букIиналъул. Гьеб тадбир тIадегIанаб гIелмияб даражаялда тIобитIана.

Дицаги дир коллега Адриана Скоробогатовалъги бицен гьабуна Дагъистан республикаялда миллияб хаслъиялъул ва миллияб бичIчIи камиялъул хIакъалъулъ. КьучIое босун букIана ахирисеб лъабго соналда жаниб гьабураб цIех-рехалъул хIасил.

Нижер докладалъ кIудияб дандерижи багъаризабуна конференциялда. Чехиялдаса ва цогидал улкабаздаса нижер коллегаби абулеб букIана гьединаб интерес бакканин жидеда Дагъистаналъул ва Шималияб Кавказалъул хIакъалъулъ дагьаб гурони тIокIаб щиниги лъалеб гьечIолъиялъ.

Гьез нижее кIудияб баркала кьуна доба бугеб бакIаб ахIвал-хIал нижеца бичIчIизабун букIиналъухъ. Гьеб темаялда тIаса кIудиял бахIсал гьаруна Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул гIалимзабазги.

Жидерго рагIи абуна социологазги. Гьез абуна къватIисел улкабазда гуребги - жибго Россиялдаги гьеб проблема бичIчIулеб гьечIин гIемерисезда».

ЭР: - Дагъистаналда бихьулеб миллияб бичIчIиялъул кризис абулеб рагIабазул магIна щиб? Щиб гьеб кколебали? Бегьулищ абизе цогидал республикабаздаги гьадинаб кризис бугин?

Ярлыкапов АхIмад: «БитIараб абуни - тIолго Шималияб Кавказалда цебе гьадинаб масъала буго. Нижеца гIадахъ босула миллияб хаслъиялъул чанго даража: этникияб, динияб ва гIаммаб гражданияб.

Ва гьалго щинал даражабазда захIматаб кризис бихьула. Мисалалъе этникияб, миллияб бичIчIи Дагъистаналда бищун тIадегIанаб даражаялда букIана кидаго. Жакъайин абуни гьелде данде динияб хаслъи чIезабун буго.

Гьединаб бичIчIи тIоцебесеб бакIалде бахунеб буго. Гьеб кризис гъваридаб буго хасго гIолохъанал дагъистаниязда гъорлъ. Гьелъие гIиллалъун ккун буго мацI лъангутIи. Ай, жиндирго рахьдал мацI лъаларев тумав вукIа, магIарулав вукIа, ялъуни цогидаб миллаталъул вас вукIа - жинца жив жиндирго миллаталъул вакиллъун вихьизегIан - бусурбанчилъун вихьизе ва вихьизавизе бокьилаанин.

Гьадинаб бербалагьиялъ гъозие рес кьола жал гIатIидаб, кIудияб жамагIаталъул вакилзабилъун рихьизе ва рихьизаризе, ай - цо миллард щунусго миллион чи вугеб тIолго дунялалъул бусурбан миллаталъул вакилзабилъун.

ЭР: - Гьедин батани гIурусалъ гуреб - гIараб мацIалъ кIалъазе ккеларищ?

Ярлыкапов АхIмад: «Гьебги ккола миллияб бичIчIиялъул кризисалъул аспектазул цояб, щай гурелъул мацIалъул суал хIакъикъаталдаги баккулеб буго ва гьеб сан гьабичIого тезе ресги гьечIо.

Гьеб суалги гIадтIидго дандбалеб буго. Масала гIолохъанал бусурбабаз жидерго интернет-форумазда рагьараб къагIидаялда абулеб буго гIурус мацI тун, Исламалъул ахирисеб гIусманияб халифаталъул мацI, ялъуни гIараб мацI хIалтIизабизе кколин.

Гьел киналго процессаз ниж ургъалида тIамун, нижеда цере гIемерал масъалаби раккизарулел руго.

ЦIакъ квешаб кризисалде рехун буго гIаммаб гражданияб хаслъиги. Жал россиялъулал ругин абизе кьучIги гъираги бугел гIадамазул къадар дагьлъулеб буго соналдаса соналде.

Гьадинаб цIаралде разиял гIадамазе нух къалеб буго ахирисел соназ бахъараб вахIшияб кавказовфобиялъ, ай миллияб рокьукълъиялъ. Ва гьелдалъун гIолохъабаз батIиял нухал рала-гъалагьулел руго».

ЭР: - ГьабсагIат цIидахъан гьоркьоб лъун буго паспорталда миллат бихьизабиялъул хIужа. Кин дуда кколеб, гьелдалъун пайда букIине бугищ?

Ярлыкапов АхIмад: «ГIаксалда, гьелдалъун жеги кIудияб зарал швелин гьанжелъагIан гIуцIичIеб гIаммаб гражданияб хаслъиялъе дида ккоухъе. Дир хIисабалда паспорталда миллат нахъеги бихьизаби - гIантаб ищ буго. Лъалеб букIахъе тарих кIиго нухалъ такрарлъула. ТIоцебесеб нухалъ гьеб букIине буго - фарс, ай махсароде релъараб жо.Унго-унгояб фарс»!

ЭР: - Щиб дуца абилеб мактабазда тарих малъулеб цIияб тIехьалъул хIакъалъулъ. Дуда лъалеб батила - дагьалъ цебе кIудияб ахIи-хIур багъаризабун букIана татаразул хIаракатчагIаз цIияб тIехьалда гъозул умумул вахIшиял, гIурусазул лъимал кваналел гIадамаллъун рихьизарун рукIиналъ.

Ярлыкапов АхIмад: «Дир пикруялда гIадамаз ризго гIантал жал гьарулел руго кигIан берцинал анищал ругониги гъозул. Гьединлъидал гьаб рехсараб цолъарабилан абулеб тIехалда сверухъ бугеб гъалмагъиралде, гьеб иш тIубалеб куцалде балагьун абизе бегьула - гьеб кIудияб гIадаллъи бугин.

Гьединго абизе бегьула - гьеб букIине бугин дол советиял тIехьазда релъараблъун. Долги цолараллъун рукIана. Дида бихьухъе гьениреги журалел руго дол советиял тIехьазда рукIарал щинал гIантал гъалатIал.

Мисалалъе босани советияб заманалда абулаан Меседил Орда абураб татаразул пачалихъалъул кинабгIаги хурхен букIинчIин Россиялъул тарихалда, гIаксалда, гьеб букIанин тушманаб пачалихъ. Амма хIакъикъаталда Меседил Ордаялъ кIудияб роль хIана Россиялъул пачалихъ гIуцIиялда.

Советиял тIахьаздайин гьеб тарихияб хIужа нахъ чIвалеб букIана. Гьале гьаб цIияб цолъараб тIехьалъги гьебго позиция кквезе бугин, дида ккола.

Амма доб советияб заманалда гIадамазе цорахъалъулаб гурони тIокIаб батIияб информация букIун гьечIони, жакъа гьеб бигьаго батизе бегьула.

Гьединлъидал, мактабазда тарих малъулеб гьаб цIияб цолъарабилан абураб тIехьалъ батIи-батIиял миллатазда гьоркьоб питна багъариялъе гIиллалъун ккезе буго.

А.Ярлыкапов

Тарихалъе асар гьабурал, тарихалда гъваридал лъалкIал тарал цогидал халкъазул хIакъалъулъ рагIицин гьечIеб тIехьалъе кинаб къимат кьелеб гьел халкъазул гIадамаз?!

Босе добго ГIурус-Кавказияб рагъдул тарих. Гьеб буго рахIат хвезабулеб суал. Гьединлъидал гьелда тIасан баянал цIодорго гьабизе ккола. Амма хIакъикъат гIадамазде бицине ккола доб, ялъуни гьеб рахъалдехун сверичIого рукIине рес гьечIониги.

Дир щаклъи буго гьаб цIияб тIехьалдаги цо-цо тарихиял хIужабазул хIакъалъулъ руцIун чIезе ругин авторал.

ЭР: - ГIурус миллатчагIаз ахирисеб заманалда ахIи балеб буго бакI-бакIалда ГIурусазул республикаби гIуцIиялде. Гьеб гуребги цо-цо политиказги абулеб буго Россиялъул Федерациялда ругел цогидал миллатазул бугеб гIадаб статус гIурус халкъалъеги кьезе кколин, ГIурус республика лъазабун.

Нугъай миллаталъул вакил хIисабалда щиб дуца абилеб жидерго автономияб статус гьечIеб дур миллатцоязда цере ругел проблемабазда бан?

Ярлыкапов АхIмад: «РекIелъ гIагалигун абила дица пачалихъияб даражаялда нугъай миллаталъул къисмат киданиги дандбан букIинчIин. Сан гьабичIого тун буго гьеб проблема. Гьеб мекъи буго, дир хIисабалда, щай гурелъул гъоркьисан гьеб суал чIечIого борхизабулеб буго.

Абулеб буго нугъай миллаталъул цониги статус гьечIин кибниги. Масала Ставрополь икълималда нугъаязул проблема гьанжелъагIан нахъ чIвалеб букIана тIадтараз, хIаракатчагIаз ахIи балеб ва гIарз гьабулеб бугониги.

Гьадинаб бербалагьи нахъеги халат бахъинабуни - квешаб гурони лъикIаб хIасил бачIинегIан балагьун чIезе рес гьечIо. Гьеб суал миллияб пашманлъилъун лъугьунеб буго».

ЭР: - Нугъай миллаталъул депутатазул къадар кIудиябищ?

Ярлыкапов АхIмад: «Россиялъул Пачалихъияб думаялда нугъай миллаталъул депутатал гьечIо. Республикабазул парламентазда - Дагъистаналда ва Гъарачайгун Чергессиялда гьел руго.

Ставрополь икълималда нугъай миллаталъул вакил тIамиялъул суал цебе лъун букIана, амма хIасил гьечIого хутIана гьеб жигар. ХIатта нугъай миллаталъул гIадамаз яшав гьабулеб букIарал Хъаясули ва Ачикулахъ мухъазул кьучIалда гIуцIараб Нефтекумск мухъалъул мажлисалдацин гьечIо нугъай миллаталъул вакилзаби.

Нугъай миллаталъул гIемерал хIаракатчагIазда лъикIалан бичIчIула гьеб проблема гIемерал цогидал регионазул интересазда хъинтIулеб бугеблъи. Ва гьабсагIат хъващтIан гьеб масъала тIубазабизе рес гьечIо.

Амма гьел рехсарал регионазул тIадтараз гьелда жиндирго бербалагьи дагьабниги хисарабани - гIемерал цогидал масъалаби тIуразарилаан.

У, Нугъай Республика гIуцIи захIматаб ва цогидазе зарал гьабулеб ишлъун ккезе бугони, альтернативиял вариантал хIалтIизаризе щай бегьулареб?

Нугъаязул автономия гьечIого миллиял проблемаби тIуразаризе рес кьолеб диалогалде ахIи бан, мактабазда нугъай мацIалъул адабияталъул ва нугъай халкъалъул тарихалъул дарсал кьун. Гьелдалъун гIемерал суалал тIуразаризе бегьула».

Шималияб Кавказалъул республикабьазда миллияб бичIчIиялъул кризис бихьулеб бугониги дунялалъул бакI-бакIалда гIаксалда тIадтараз хIаракат бахъулеб буго гьединаб миллияб хаслъи гIуцIизе.

Мисалалъе Босниягун Герцеговинаялда. Динцояллъун кколел амма жиб-жиб мацIалъ кIалъалел дагъистаниязул мисалалъул гIаксалда гьенир гIумру гьабулел гIадамазул рахьдал мацI буго гIаммаб буго – ай – сербазулгун-хорватазул.

Амма гьеб халкъ лъабго диналъ бикьун буго – гIисал диналъул ордодоксалияб гьаркьелалъ ай православиялъ, католизизмалъ ва ислам диналъ.

Босняказе жидерго тарихияб цIар нахъе кьезехъин буго