HRW: Шамалда бугеб ахIвал-хIалалда сверун доклад

Human Rights Watch абулеб инсанасул ихтиярал цIунелеб идараялъ Шамалъул нухмалъиялда гьабулеб буго режималде данде ругезул анцI-анцIазар чи туснахъазда тIамиялъул ва гьениб гьезие гIакъуба кьеялъул гIайиб. Хамиз къоялда къватIибе кьураб гьеб идараялъул докладалда абулеб буго шамалъул туснахъазда жанир тIамурал даимго рухулел ругин, гьезие жинсияб зулму гьабулеб бугин ва гьезда электроток кьабизабулеб бугин.
Документалъул автораз гьединго абулеб буго Башар Асадил режимгун къеркьолезги балъго кколел ругин активистал, журналистал ва гуманитариял хIалтIухъаби ва цо-цо мехалда гьез гьел чIвалелги ругин. 2011 соналъул марталдаса нахъе Шамалда конфликталда чIван вуго 100-ялдаса цIикIкIун чи.