Кризис-93. 20 соналдасан
Халатаб дандечlеялдаса хадуб президент Борис Ельциница 1993 соналъул 21 сентябралда биччала парламент. Депутатаз инкар гьабула минаялъуса нахъе ине ва гьезул рахъ кколез байбихьана къватlахъ баррикадаби лъезе.
Ельцинил армуялъе жаваб хlисабалда парламент гьесие импичмент лъазабуна ва гьа базабуна вице-президент Александра Руцкоясда.
3 октябралда тунка-гlусиял ккана милициялда ва Тlадегlаданаб Шураялъул рахъ кколезда гьоркьоб.
Тlадегlаданаб Шураялъул рахъ кколез 3 октябралда тlезарун рукlана Хъахlаб Рукъалда цере гьарурал милициялъул кордонал. Ельциница Москваялда лъазабун букlана гъорхъолъа борчlараб ахlвал-хlалалъул низам.
Тlадегlаданаб Шураялъул кверде босана мэрия ва хlаракат бахъана Останкино телецентралъе гьужум гьабизе.
"Останкиноялъе" гьабулеб гьужум
3 октябралда рукlарал танка-гlусиязда хвана анцl-анцl чи.
4 октябралъул радал сагlат 8-ялда танкабаз байбихьана Хъахlаб Рукъалъул тlасиял тlалаязде кьвагьизе.
4 октябралъул радал мех. Хъахlаб Рукъалъе гьужум гьабизе хlадурелул хасал къуватал.
Къо къалъилалде аскарияз кверде босана Хъахlаб Рукъ. Хадуб низам чlезабуна къватlахъ.
Мэриялъул мина
Руслана Хасбулатов ва Александра Руцкой Хъахlаб Рукъалдаса къватlире рачунел руго. 4 октябрь 1993 сон.
1993 соналъул лъугьа-бахъиназдаса хадуб Хъахlаб Рукъалъе реставрация гьабун букlана ва гьанже гьениб буго улкаялъул хlукумат.