Израилалъ Ираналда божулеб гьечIо

Израилалъ Ираналда тезе гьечIо атомияб ярагъ гьабизе, жидее хIалае вахъунев чи гьечIониги. Гьедин лъазабуна Израилалъул премьер-министр
Биньямин Нетаньяхуца талат къоялда Нью-Йоркалда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялда калам гьабулаго.
Нетаньяхуца абуна кьварарал санкциязда ва хIакъикъияб рагъулаб хIинкъи кьеялда ругони кIвезе гьечIин атомияб ярагъ гьабичIого Иран чIезабизеян.
Израилалъул премьерас лъазабуна Ираналъул президент ХIасана Роуханица кьураб рагIиялдаги жив божуларин ва гьев вугин «чахъдал цIоко тIад ххураб бацIин».
Нетаньяхуца гьединго абулеб букIана Палестинагун ракълилаб процессалъул рахъ кколин жинца, амма гьез Израиль абулеб пачалихъ букIин къабул гьабизе кколин. Рехсараб ГIуцIиялда Ираналъул вакил Ходадад Сейфица абуна Нетаньхул калам «гIадамал цоцазде гьусулеб хасияталъул» букIанин.