«Гринпис» Арктикаялда нарт бахъиялде данде» абулеб акциялъул полициялъ ккурав 30 гIахьалчиясул щугоясда официалияб куцалда гIунтIизабун буго пиратлъиялъул гIайиб. Гьеб идараялъул твиттералда лъазабухъе гьел кколел руго Бразилиялдаса , Британиялдаса, Россиялдаса, Финляндиялдаса ва Швециялдаса чагIи. Экологаз жидеда гIунтIизарулел ругел гIайибал абсурдлъун рикIкIунел руго.
«Гринпис» «Арктик Санрайз» абулеб гамида тIад вукIарав 30 чи ккун вукIана россиялъул гIурхъаби цIунулез Печорский ралъдалъ 19 сентябралда. Гьез хIаракат бахъулеб букIана Россиялъул «Газпром» компаниялъул «Приразломная» абулеб нарт бахъулеб платформаялде тIаде рахине. Мурманскалъул диваналъул хIукмуялда рекъон «Гринписалъул» активистал кIиго моцIалъ туснахъалъур тIамун руго. Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъаздагьоркьосеб идара Human Rights Watchалъ россиялъул тIалъи ахIулеб буго экологал эркен гьаризе.