Эрдогъаница лъазабуна гьаризе ругел реформабазул

Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъаница лъазабуна инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ тIоритIизе ругел тадбиразул. Анкараялда букIараб пресс-конференциялда Эрдогъаница абуна пачалихъиял гурел школазда турк гуреб цоги бокьараб мацIалда лъай кьезе тезе бугин.
Турекиялъул тIадтаразда гьединго лъикIаблъун бихьулеб буго политикиял партиял парламенталде рорчIулеб процен нахъе бахъиги.
Гьаб сагIаталда парламенталде борчIизе ккани партиялъе щвезе кколеб буго рищарухъабазул 10-ялдаса гIодобе гьечIеб процент.
Эрдогъаница гьединго абуна бусурманчIужуялъ пачалихъияб идараялда хIалтIулаго хIижаб къазе гьукъиги нахъе бахъизе бугин. Амма гьеб тIалаб тIибитIулеб гьечIо юридикиял ва рагъулал идарабазда хIалтIулел руччабазде.