Афгъанистаналда НАТОялъул аскарияв чIвана

Афгъанистаналъул Пактия вилаяталда арбагI къоялъ хIукуматалъул рагъулаб форма ретIарав шивали лъаларес НАТОялъул аскарияв речIчIун чIвана.

Халкъаздагьоркьосеб командованиялъ тIибитIизабураб баяналда абулеб буго гъовги чIван вугин жавабияб кьвагьи гьабун.