Асадица Венесуэлаялъул телеканалалъе интевью кьуна

Шамалъул тIалъи разилъана химикияб яргъида хурхараб россиялъулгун-америкалъул къотIиялда.

Президент Башар Асадица лъазабуна жинда цониги квал-квал бихьулеб гьечIин гьеб къотIи тIубазабиялъул нухалда.

Венесуэлоялъул телеканалалъе интервью кьолаго гьес абуна, Шамалъ жиндирго химикиял арсеналал халкъаздагьоркьосел инспекторазде рихьизаризехъин ругин рехсараб къотIи къаялда рекъон.