23 сентябралда Табасаран мухъаллъул Хучни росулъ бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда лъабго чи хун вуго, 10 ялдаса цIикIкIун чиясе зарал ккун буго. Гьеб такъсир гьабун буго живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас, жеги гьев щивалиги чIезабун гьечIо.
Итни къоялъул радал микьго тIубан I5 минут араб гIадаб мехалда Хучниялда бугеб Табасаран мухъалъул полициялда аскIоб кьвагьун буго автомобиль.
Гьенив жанив вукIарав чиги жеги щивали лъалеб гьечIо.
Къуваталъул идарабаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон гьев чи щивали лъазабун бажарулеб хIал гьечIо, гьесул цониги чIагояб лага кодобе щун гьечIо. Кьвагьулеб алаталъул къуватги жеги мухIканго чIезабун гьечIо.
Бищун дагьалдасан 50 килограмм тротилалъул кьвагьанин гьенибилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилас.
Живго гьев террорист рикIкIинчIого кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго кIиго полициялъул хIалтIухъанги. БатIи-батIиял баяназда рекъон лъукъун вуго 10 ялдаса цIикIкIун чи.
Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъ кьурал баяназда рекъон лъукъун вуго II чи, Табасаран мухъалдаса гIадамаз кьурал баяназда рекъон кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккун буго 12 чиясе.
Гъазихан Къурбанов: «Гьаб сагIат азарханаялъул реанимациялда вуго кIиго чи, кIигояв хвезеги хун вуго. Цо полициялъул хIалтIухъан кьвагьи бахъараб бакIалдаго хвана, цойгидав азарханаялде вачунаго нухда хвана. БатIи-батIиял ругънал щварал анцIгояв азарханаялъул хирургиялъул бутIаялде рачун руго.
Гьелул гIемерисезул руго къотIарал ругънал. Кьвагьулеб алаталда жаниб бегIерал маххул кескал рукIараб къагIида буго, гьез русс-руссун ран руго гIадамалги.
Лъукъарал киналго руго полициялъул хIалтIухъаби, цебехун лъимал лъукъун ругин абулеб букIана, гьечIо, я руччаби я лъимал гьел лъукъаразда гъорлъ гьечIо. Табасаран мухъалъул жанисел ишазул минаялъеги цIакъ кIудияб зарал ккун буго.
Гьелъул цо бутIа цIидасан бани гурони, къачIан бажарулеб хIал гьечIо. Гьеб гурониги 10 гIанниги автомобиль хвезабун буго, 100 метралъул сверухълъиялда рукIарал минабазеги зарал гьабун буго гIезегIан кIудияб, гьезул гордалги тIохалги хвезарун руго.» - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Табасаран мухъалдаса Гъазихан Къурбановас.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъу баяназда рекъон лъукъаразда гьоркьор къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби гурел гIадатиял гIадамалги рукIун руго, амма азарханаялде щварав Къурбановас «Эркенлъи» радиоялъе бицана кьвагьиялъул хIасилалда зарал ккарал чагIи гIицIго полициялъул хIалтIухъаби ругин.
Хварав цояв Табасанаралде хIалтIизе витIарав Нугъай мухъалъул полициялъулав вукIанин, цойгидав Хучниялдасаго вас вукIаниланги.
Гьевго Гъазихан Къурбановасул рагIабазда рекъон къуваталъул идарабаз букIине кколеб хIалтIи гьебичIолъиялъул хIасиллъу буго гьеб кьваги. Гьес абулеб буго Табасараналъул жанисел ишазул бутIа кьвагьизе букIин моцIица цебего лъалеб букIанин, амма гьел баяназухъ заманалда гIинтIамун гьечIин гьеб хасал идарабазул хIалтIухъабазилан.
Гъазихан Къурбанов: «Жанисел ишазул бутIа кьвагьизе букIин моцIица цебего лъалеб букIана гьаниб гIадамазда, гьеб хабар киса-кибего тIибитIунги букIана. Гьелде тIадеги киназдаго лъала нижер гьаб мухъ рохьорехун руссаразул цIураб бакI букIин, тIадежоялъе Жанунияб Дагъистаналъул рохьилазул къокъаялда гъорлъ гIемерисел нижерал рукIинги лъала киназдаго.
БукIине кколеб къагIидаялда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъе тадбирал гьаризе ккеларонищ. Гьеб гурониги цойги полициялъ гьоркьоб тараб лъугьа-бахъин букIана гьаниб.
Полициялда цебе бугеб хасаб хъорщода чIван рукIана ралагьулел ругел такъсирчагIазул ва жалго жидецаго чIвазе хIадураразул суратал, амма щибаб сордойил щалали лъаларез гьел нахъе рахъун ратулаан хъорщодаса.
Радал цIидасан чIвалаан, полициялъулаз гьел суратал рукIине кколелъуб. МоцIица гьеб базар гьабулел рукIинчIого гьел нахъе рихъулел чагIи кквезецин гIамал гьабичIо гьез»
Гъазихановас тIадеги жубана гьев террористасе щибаб рада-радал жанисел ишазул бутIаялда букIунеб киналго хIалтIухъбазул данделъиялъул заманалда къваригIун букIанан кьвагьи бахъинабизейилан.
Гьев дагьаб заманалъ кватIун вугин, гуребани цIакъго гIемер чиясе зарал ккезе рес букIанин гьеб бакIалдайилан.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ Табасараналда кьвагьи бахъинабизе бугин абураб информация цебехунго лъалеб букIинчIилан лъазабуна «Эркенлъи» радиоялда, цебехун кьвагьизе бугин абун хIинкъаби кьеялъул хIужжабиги рукIун гьечIо.