Полициялъулазищ чIварав бизнесчи?

Насир Джавадов

МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев чIвазе жинца тIадкъарав бизнесмен Насир Джавадов хвана полициялъ цIех-рех гьабулеб мехалдаилан лъазабулеб буго Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Джавадовасул гIагарлъиялъ абулеб буго гьев полициялъулаз чIванилан.
МВДялъул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон, 2009 соналда МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев Абрек ХIажиев чIваялда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул тадбирал тIуралаго ккуна Джавадов.

«Такъсир гьабуравги, гьабизе тIадкъаравги, гьоркьохъанги щал ругел лъазабуна цIех-рехчагIаз. Такъсир гьабурав 37 сон барав махIачхъалаялъулав ккуна араб анкьалда полициялъулас ва гьес бицана ХIажиев чIвазе жиндихъ гIарацги ярагъги кьунин Джавадовас», - илан абуна жанисел ишазул пресс-хъулухъалда.

«Джавадовас 1,5 миллион гъурущ кьун буго ХIажиев чIвазе, щайгурелъул районалъул нухмалъулес нух кьолеб букIун гьечIо гьесие къануналда рекъечIого бизнес бачине», - ян лазабуна МВДялъ.

«21 сентябралда полициялъулал щвана МухIарамкенталда бугеб Джавадовасул минаялде. Гьениб чIухь балеб мехалда полициялъулазе батана кIиго «Сайга» туманкI, «Калашниковасул» лъабго автомат, автомобилазда лъолел номерал ва гь.ц. Джавадов кквезеги ккун МахIачхъалаялде вачана полициялъулаз», - илан лъазабулеб буго МВДялъул пресс-хъулухъалъ.

«Министерлъиялъул минаялда Джавадовгун цIех-рех гьабулеб мехалда, гьесул рекIел хIал хисана. Тохтурал ахIана гьесухъе, амма гьел щвелалде Джавадов хвана ракIги чIун», - илан абуна МВДялда.

Дагъистаналда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталъул идараялъ лъазабуна, Джавадов щай хваравали чIезабулеб бугин.

Бизнесменил вац Нияз Джавадовас бицана «Эркенлъи» радиоялъе радал цудунго рачIанин полициялъул хIалтIухъаби МухIарамкенталде.

Гьесул вацасда гьез абуна чIухь-базе рачIарал ругин жал. «Минаялда аскIоб бугеб мархьиялда ратана полициялъулазе автоматалги туманкIалги, амма гьел гьенир жалго низам цIунулез рехана», - ян абуна Ниязица.

Гьесул рагIабазда рекъон, вац МВДялде вачаралдаса хадуб кIиго-лъабго сагIат индал кIалъана лъалев-хъвалев цо чи ва гьес абуна Насир полициялъулаз чIванилан. Гьебго къоялда Нияз МахIачхъалаялде щвана.

Моргалда гьесда бихьун буго вацасул жаназа. «Гьесул каранда кутакалда би ккун бихьана, гIажазул бутIруздаги, мегIаралдаги, кваранаб гъажалдаги рукIана гIужал лъун.

Хал-шал гьабидал рихьана горбол гьодги хьабалухъгIучIалги рекиялъул гIаламатал», - илан бицана Ниязица. Ниязил рагIабазда рекъон, гьев вуго рагъулав тохтур ва гьесда лъала ракI чIараб чиясул гьединал ругънал рукIунареллъи.

Нияз Джавадов: «Гьаб ккарабщинаб жо ургъунго багъаризабуна вацасул бизнес бахъине. Азербайжаналъулги Дагъистаналъулги гIорхъиялда аскIоб буго вацасул гостиница, тукен, автомобилал чIолеб бакI. Вацасул гьеб бизнес бахъизе бокьарав чанго чи вукIана.

Гьелъие гьанже полициялъулал хIалтIизарулел руго. Гьез абулеб буго ХIажиев чIварав автомат батанин вацасул рокъоб. МВДялъул сайталда хъван букIана ХIажиев чIварав чияс автомат лъугьа-бахъин ккараб бакIалда танилан.

ТIадежоялъе полициялъ гьанже абулеб буго вацасул ракI чIанилан. РакI унтулеб букIинчIо гьесул, тохтуразухъеги гьев къанагIат гурони унаро. РакIалъул проблема букIарав чи гуро гьев.

Полициялъе гьанже бахчине бокьун буго жидецаго гьабураб такъсир».

Нияз Джавадовас абуна вац щай МВДялда хваравилан чIезебян жинца гIарзаб хъванин прокуратураялде, ЦIех-рехалъул комитеталде, Дагъистаналъул президентасул администрациялде.