Мисралда «Вацал-бусурбаби» гьукъун руго

«Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул ва гьелъулгун бухбенал ругел цогидал гIуцIабазул хIаракатчилъи улкаялда гьукъана Мисралъул диваналъ.

ХIукму гьабун буго гьелъухъа мал-мулк бахъизе.

Ахирисеб чанго моцIалда жаниб «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул рахъ ккурав нус-нус чи чIван вуго Каиралда рукIарал протестазул акциязда.