Пакистаналда 80-гIан насранияв чIван вуго

Пакистаналъул Пешавар шагьаралда бугеб ГIисал-диналъул килисаялда аскIоб бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда ахирисеб лъазабиялда рекъон 80-ялдаса цIикIкIарав чи чIван вуго. Нус-нусгоявги лъукъана.

Гьездаса анцI-анцIгояв захIматаб хIалалда вегизавун вуго азарханаялда, ян лъазабуна гьеб улкаялъул жанисел ишазул министрас.

Кьвагьи бахъараб мехалда килисаялда гIага-шагарго 600 чи вукIанин.

Пакистаналда ругел насраниязул къадар ункъго проценталде бахъунеб буго, амма гьез жамгIияб ва политикияб гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулеб гьечIо.

Радикалаз гьезде ризго гьужумал гьарула гьел хиянатчагIилъун рикIкIулаго.