"Газпромалда" цебе тΙобитΙун буго пикет

Россиялъул президентасул администрациялъул бетΙер Сергей Ивановас рикΙкΙунеб буго, «Приразломная» абураб нартил платформаялде тΙаде рахине хΙаракат бахъарал «Гринпис» гΙуцΙиялъул активистазул хьвада-чΙвади букΙанин радикалиябин. «Россиялъул информалатазул цояз рикΙкΙунеб буго гьеб пиратлъилъун, гьебги щиб сомалиялъул пиратазул къагΙидаби хΙалтΙизарулеб.» - ян лъазабуна Ивановас журналистазда Стокгольмалда.

19 сентябралда россиялъул гΙорхъаби цΙунулез штурм гьабун буго «Гринпис» гΙуцΙиялъул «Арктик Санрайз» абураб цΙер бекизабулеб гамаялъул.

Гьелда цебе экологазул къокъаялъ хΙалбихьун букΙана Газпромалъул платформаялде тΙаде рахине.

Россиялъул цΙех-рехалъул комитеталъ лъазабун буго, «Гринписалъул» экологазда хурхун пиратлъиялъул гΙайиб гΙунтΙизабизе бегьулин. Гьеб гΙуцΙиялъул экологазул рахъ ккун протест загьир гьабуна тΙолабго дунялалда.

Шамат къоялдаги Газпромалъул минаялда цебе тΙобитΙана экологазул рахъ ккураб акция. Гьелъул гΙахьалчагΙаз тΙалаб гьабулеб буго Баренцово ралъдалъ ккураб «Гриписалъул» гама ва аресталде гъоркье восарав 25 чи эркен гьари. Экологаз россиялъул гΙорхъаби цΙунулезул хьвада-чΙвади рикΙкΙунеб буго халкъазда гьоркьосел къануназде данде кколареблъун.