НАТОялъул бетΙер рази вуго РФгун СШАялъул къотΙи-къаялда

НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница лъикΙаб къимат кьуна сириялъул химикияб ярагъ тΙагΙинабиялда хурхараб россиялъулгун америкаялъул къотΙи-къаялъе. Аммаян абуна гьес рагъулаб вариант кколин «дипломатиябгун политикияб процессалда импульс кьолеб факторин».

Расмуссеница жубана жиндир ракΙ чΙараб бугин 21 августалда 1400-ялдаса цΙикΙкΙун чиясул гΙумру бахъараб Дамаскалъул рагΙаллъиялда химикияб атака Башар Асадил режималъ гьабураб букΙиналдаян.

Гьебго заманалда сириялъул бетΙерас лъазабуна, жидер хΙукуматалъ химикияб яргъил утилизациялъул план гΙумруялде бахъинабизе бугин ва гьелъие къваригΙине бугин сон ва 1 млрд доллар.

Fox Newsалъе интервью кьолаго, Асадица цΙидаса нахъ чΙвана 21 августалда гьесул рагъул къуватаз химикияб ярагъ хΙалтΙизабиялъул гΙайиб.