Вашингтон Пхеньяналда божулеб гьечΙо

Шималияб Корея хΙадураб буго жиндирго ядерияб программаялда сверун халкъазда гьоркьосел кΙалъа-басаязде нахъ буссине цереккунисел шартΙал лъечΙого.

Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна кΙалъа-басаязда Шималияб Кореялъул аслияв вакиль – улкаялъул къватΙисел ишазул министр хисулев Ким Ке Гваница Китаялъул къватΙисел ишазул министерлъиялъ Пекиналда анлъгорахъалъулал кΙалъа-басаял байбихьаралдаса анцΙго сон тΙубаялда хурхун ахΙараб симпозиумалда.

Цолъарал штатаз гьел кΙалъа-басаял байбихьиялъе аслияб шартΙлъун рикΙкΙунеб буго, ядерияб программаялъе ахир лъеялъе Пхеньяналъ байбихьизе кколел мухΙканал галаби. Амма араб анкьалда америкаялъул алимчагΙазе спутниказдаса рихьун руго Йонбеналъул централда бугеб атомияб реактор биччаялъул яги биччазе хΙадурулеб букΙиналъул ишараби.