Башар Асадилгун кΙалъа-басаял

Россиялъул къватΙисел ишазул министр хисулев Сергей Рябков данчΙвана Дамаскалда Сириялъул президент Башар Асадгун. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго Сириялда бугеб россиялъул вакиллъиялъул дипломатас. КΙалъа-басаязул мухΙканлъиял гьанжеги загьир гьарун гьечΙо.

Цебесеб къоялда Рябков гьединго данчΙван вукΙана Сириялъул къватΙисел ишазул министр Валид аль-Муаллемгун. Лъазабулеб букΙана ахирисес россиялъул рахъалъухъе кьунин химикияб ярагъ оппозициалъулаз хΙалтΙизабун букΙиналъе далилалин. Цолъарал Штатазул ва гьезул рахъ ккурал Магърибалъул улкабазул ракΙ чΙараб буго гьеб Башар Асадил режималъул хΙалтΙи букΙиналда. Сириялъул нухмалъиялъ жиндирго гΙайиб нахъ чΙвалеб буго.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамблеялда цеве вахъунаго, ООНалда Россиялъул вакил Виталий Чуркиница цΙидаса лъазабуна, 2Ι августалда Дамаскалъул рагΙаллъиялда гьабураб химикияб атака кколин къватΙисан рагъулаб асаралъул хΙажалъи бихьулел оппозициялъул рахъ ккуразул провокация.

Химикияб ярагъ хΙалтΙизабураб бакΙалда цΙех-рех гьабураб Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул инспекторазул къокъаялъул бетΙер Ааке Селлстрёмица лъазабуна арбагΙ къоялда, кинаб рахъалъ гьеб ярагъ хΙалтΙизабурабали мухΙканлъизабиялъул мурадгун экспертал цΙидаса щвезе ругин Сириялде.