Пхеньяналъ нахъ чΙвалел руго ООНалъул лъазабиял

Шималияб Кореялъул нухмалъиялъ нахъ чΙвана Пхеньяналъ инсанасул ихтиярал хвезарулел рукΙиналда сверун Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул экспертаз загьир гьабураб пикру, «Шималияб Корея рихарал къуватаз гΙуцΙараб политикияб интрига кколин гьебинги» абун.

Талат къоялда бахъараб Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул докладалда абулеб буго, Шималияб Кореялдаса эмигрантаздаса, гьездаго гъорлъ политикиял туснахъаллъун рукΙараздаса щварал баяназда рекъон, Шималияб Кореялда киса-кибего ва чΙечΙого инсанасул ихтиярал хвезарулел ругин.

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Шималияб Кореялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул цΙех-рех гьабиялъул хасаб комиссиялъул бетΙер Майкл Кирбица лъазабуна, туснахъал ракъун чΙезарулел ругин, гьезие вахΙшияб гΙазаб кьолеб бугин. Кирбил рагΙабазда, комиссиялъ баянлъизабизе буго кинал гΙуцΙиязул ва лъил гьединал къануназул гΙорхабаздаса рорчΙарал хΙужжабазул жавабчилъи бугебали.