Сириялда бан къваригΙуна "хъачΙаб" резолюция

Цолъарал штатаз, Британиялъ ва Франциялъ рахъ кколеб буго Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъул «хъачΙаб ва тΙубазабизе тΙадаб» Сириялда загьирлъулеб ахΙвал-хΙалалда хурхараб резолюциялъул.

Лъабабго рахъалъул пикруялда рекъон, резолюциялда рихьизаризе ккола тΙалабал тΙуразариялъул чΙван къотΙарал болжалал. Гьединаб пикруялде рачΙун руго Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри, Британиялъул къватΙисел ишазул министр Уильям Хейг ва Франциялъул президент Франсуа Олланд Парижалда тΙобитΙараб данделъиялда.

Гьеб тадбир тΙобитΙизе хΙукму гьабун букΙана шамат къоялда Женеваялда рукΙарал дипломатияб даражаялъул гара-чΙвариялда.

Парижалъул данделъиялъул рахъаз хΙукму гьабуна цадахъ лъугьун сириялъул химикияб яргъида тΙад котроль чΙезабиялъул мурадалде щвезе. Гьединаб хΙукмуялде рачΙунаго, рахъаз загьир гьабуна россиялъулгун америкаялъул шартΙал тΙуразариялъ Сириялда рагъул кьабиял щвезаричΙого хутΙизе бегьиялъул хьул.